Тема 4.ХАБАРИЯЛ ВА ШИГIРУЯЛ АСАРАЛ МАЛЪИЯЛЪУЛ ХАСЛЪАБИ

 

Сипат-суратаздалъун асаралда жаниб гIумру бихьизабулеб букIин, гьелда бан авторасул пикру ва гьесул рекIел хIал загьир. гьаби буго ункъабилеб классалда малъулеб литератураялъул хасго тIадчIей гьабизе ккараб рахъ. ГIумруялдехун жиндирго бугеб бербалагьи ва цебе лъураб мурад загьир гьабизе рагIул устараз. тIаса бищула асар хъвазе мустахIикъаб форма ва жанр. Хъвала харбидалъун яги кочIол роцада. ШигIрияб яги хабарияб асар, малъулелъул, учителасда лъазе ккола гьезда гьоркьоб бугеб батIалъи, жинди-жиндие хасиятал рахъал. ШигIруял асараздаги (кочIолъ, поэмаялъулъ, кочIол роцада хъвараб къисаялъулъ) xaбариял асараздаги (харбида, къисаялда, романалда), харбидалъун яги кочIол роцада хъварал рукIаниги драмаялъул асаразда жанибги тарихияб гIумруялъул хасал рахъазул сурат бахъула авторас, жиндирго художествияб мурад тIубазабула, амма гьеб кIиябго формаялъул жинди-жиндир хасал рахъал руго. Гьелда бан шигIруял асарал малъиялъулъги батIалъи букIуна. Масала, поэтас кочIол рагIабаздалъун сурат бахъулеб буго:

 

«Гъугъадана, перхана,

Пасатго ццидахана;

Хириял гьал дир мугIрул

Гьаргьадизе гьаруна».

 

Яги «Кьварараб берцинлъиялъ

Рокьул мугьру кьабурал,

Гьел магIарул кьурабаз

Кьун буго дие чIухIи».

 

ЦебечIезабулеб сураталдасаги кIвар буго гьенир махщалида аскIор рекъезарурал рагIабазул лъугьунеб бакъаналъул, чвахиялъул.

ТIоцебесеб куплеталда жаниб хадур-цере такрарлъулел гъ, х, гь, р гьаркьаз гьалагаб хехаб цIадал гьужумалъул хасаб наку-бакъан бижизабула. ГIинтIаме: гъгъгъ ххх гьргьр. РагIабаз гIуцIараб сураталде тIаде гьеб бакъан лъугьиналъ нилъеда цебе чIола чIагояб сурат. Яги кIиабилеб куплеталда жаниб такрарлъулел «Кь», «Р», «Б» гьаркьазул лъугьуна кьватIулаги тIолаго, бакIго билълъун бачIунеб бугебгIадаб кьурул гьаракь. ГIенекке: кьварараб, рокьул, кьабурал, кьурабаз, кьун буго. Гьел рагIабазул бакIалда «бергьараб», «рекIел», «тIад чIварал», «парсазул» ва «щун» абурал рагIаби лъуни, магIнаялъе мукъсанлъиги ккечIого хутIизе бегьула:

 

Бергьараб берцинлъиялъ

РекIел мугьру тIадчIварал,

Гьал магIарул парсазул

Щун буго дие чIухIи.

 

Амма согIал кьурабазул сипат чIаго гьарулел гьаркьазул чвахи-бакъан тIагIун уна, цинги хутIула чIагояб pyxl гьечIеб сипат-сурат. Гьеб рахъ букIунаро ккураб роцен гьечIеб хабарияб асаралъул.

Хабарияб асаралда жаниб кIудияб кIвар букIуна авторасул хабар жинца бицунев героясул, цойгидалги гIахьаллъи гьабулезул калам рекъон ккеялъул. Босизин Саша Горбуновасул инсулгун дандчIвай ккараб куц. Цин живго вас вихьилалде нилъеда гьесул гьаракь рагIула, гьелда жаниб буго тушманасдаса рецIел босизе бугеб таваккал, рагIудалъуниги гьезда ругъунги лъун, мукIурлъизе гьечIеб къасд. Хадуб авторасул каламалъ гьев майорасда вихьараб куц цебечIезабула, хадуб рагIула майорасул гьаракьги. Гьесул рагIабазулъ рагIула командирас васасул гьабулеб адаб-хIурмат «гIoлохъанчи» – ян гьев кIодо гьави. Гьесул рагIабазулъ гьечIо вас хIинкъизе, гьев жеги дандечIезе кколеб хъачIлъи-хIалуцин. ХIеренго кIалъайги тушманасул макру батилилан солдат тIирун дандечIеялъул гьаракь нахъеги такрарлъула, гьелъулъ тIадеги цIикIкIун рагIула гьитIинав къисасчиясул фашистазде бугеб ццидал карачелалъул кутак. Нахъойги рагIула майорасул калам. Гьелда жаниб нилъеда рагIула командирас гьитIинав къеркьохъанасул адаб дагьабги цIикIкIун гьабулеб букIин, «БахIарчиян» кьолеб къимат. Такрарлъула жиндир гIумру квасул кунада бан бугин, гьеб ракI бохун тушманас жиндихъа бахъизе теларин чIараб, туш­манасул гурхIел-цIоб букIине гьечIеблъи лъалеб лъимадул кьвари. Хадубго авторасул калам, гьелдаса хадуб васасул калам: «ТIа­са лъугьа, гьалмагъ майор» – вохиги, рокьиги, божилъиги жубараб асар рагIула гьел рагIабалъ. Авторасул калам букIинчIебани, Сашал гьаркьилъ ва гIамалалъулъ ккарал хиса-басиял ричIчIилароан. Гьедин авторасул ва героязул калам цоцалъ рекъон бачIиналъ чIаголъизабула рехсолеб лъутьа-бахъин. Гьениб нилъеда лъугьунеб иш бихьула кинабго рахъалъ, щивав героясул ва автора­сул бераздалъун, гьоркьор гIахьаллъулезул гIамал-хасияталда хадур гъола ва бичIчIула, рагьун абун гьечIониги, иш лъугьиналъе гIилла. ШигIруяб асаралъе гьединаб ресалдаса къанагIат гурони пайда босуларо. ГIемерисел шигIраби цохIо авторасул каламалдасан гIуцIарал рукIуна.

Амма кочIол букIуна гIумруялъул гъварилъи гъатал рагьун лъезаризе кIолел цогидал ресал. КочIолъ цIикIкIараб кIвар букIуна рагIи дурусго мухъилъ рекъезабиялъул, магIна тIокIкIиялъе рагIаби дандекквеялъул, цадахъ къаялъул, роцIараб магIна кьоледухъ цоцалъ херхиналъул, гьединго бакъаналда рекъон чвахун бачIиналъул.

 КочIолъ поэтасул букIуна жиндиего хасаб гьаракь-бакъан, образал гIуцIулеб къагIида, гьелдаго цадахъ жиндирго рекIел xlaлалъул бицунаго, киназего гIаммаб, кIвар цIикIкIараб магIна къватIибе кьола. Гьедин бугелъул кочIолъ щибаб рагIул магIнаялъул ва кIваралъул гIорхъаби гIатIилъула. КочIолъ рекъон хадуб paгIyцa гIемер батIи-батIияб магIна кьола, гьелъул художествияб гугьар ва бакIлъи бихьулаго цIикIкIуна. ТIадехун рехсараб кочIол куплет босун балагьани, нилъеда бихьула тIабигIаталда кколебщинаб лъугьа-бахъин чара гьечIеб тIабигIияб закон букIин гьелъул борцине хIалкIолареб хIалтIул хIасиллъун цIад байги ва зоб гъугъайги букIин, гьебго заманалъ гьеб лъугьа-бахъин нахъисеб тIабигIияб гIумруялъе аваллъун букIин, гьеб гIицIго тIабигIаталда гуребги гIадамазул гIумруялда, щивав инсанасул къисматалдаги хъатIулеб букIин, гьединлъидалин uoxlo поэтасе гуребги щивав чиясе гьединаб тIабигIияб лъугьа-бахъиналъ асарги гьабулеб.

Гьедин бугелъул кочIодалъун букIа, харбидалъун букIа хъвараб художествияб асар кколаро тIабигIаталъул, гIадамазул, лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ баян кьейлъун, гьеб ккола гъваридаб гъатахараб магIнаялъул рагIул искусство. Гьединлъидал учителас къасд гьабизе бегьуларо, рехсараб рахъги хIисабалде босичIого, художествияб асар малъизе лъугьине.

Лъималазул гIадат буго, художествиял асаразда хъварабщинаб жо хIакъикъаталда ккараб букIиналда ракIчIейги гьабун, гучалда героясул хьибил ккун чIолел, гьезул рохел-пашманлъи гIахьал гьабулел, лъугьа-бахъиназул рагIал-ракьан бахъизе, киналго деталал цIадирабазда лъезе бокьулеб. Литература малъулелъул гьел лъикIал ресаздаса пайда босун течIого, гьеб рахъ жеги цебетIезабизе мустахIикъаб буго.

ЦIех-рехалъ, хIалбихьиялъ чIезабун буго жал гьитIинал рукIаниги, лъималазда кIолеб букIин тексталъул гъварилъуде «раккизе», асаралъул «нахъа рокъобе» нуцIа рагьизе, художествиял деталазул кIвар бичIчIизе, героясул рекIел хIалалъул бицине, хасал лъугьа-бахъиназда тIад ургъизе, гьезул цогидаздехун хурхен батизе, гьел ккеялъе гIилла тIатинабизе. Гьебги хIисабалде босун гIуцIизе ккола цIалдохъабазулгун хIалтIи.

ШигIруяб асаралъе баян кьолаго, бихьизабизе ккола щибаб кочIол мухъалъул цо ккураб роцен букIин гуребги, цо хасаб бакъаналда рекъараб чвахи букIинги, гьеб чвахиялъул читIир лъугьинабулел гьаркьазул такрарлъиялъ пасихIлъи цIикIкIинабулеблъиги. Гьелго рагIаби хис-хисун лъуни, тIолабго кочIол пасихIлъи cyн уна:

 

Цо панаяб хIухьел бухIулеб рекIел

КIволарищ босизс, самаалъул накIкI

Соролел лугбазул бугеб гIакъуба

ГIарза хъван кьеларищ, хъахIил зодил хьухь?

(XIxl–кI–кI–с–с–с–гб–гб–гI–гI–хъ–хъ)

 

Дандеккве:

Самаалъул накIкI, босизе кIвеларищ

БухIулеб рекIел цо панаяб хIухьел?

ХъахIил зодил хьухь, гIарза хъван кьеларищ

Соролел лугбазул бугеб гIакъуба?

 

Бакъан, чвахи хвей гуребги, жибго магIнагицин хIабургъана.

Гьелъ бихьизабула кочIол мухъазулъ щибаб рагIул гуребги, щи­баб гьаркьилгицин кIудияб кIвар букIин. ШигIруял асарал малъу­лелъул гьеб кочIол хаслъиялде кIвар кьечIого гIоларо, практикияб къагIидаялъ лъималазда лъазе ккола кочIол роценги, чвахиги, батIа бахъизе, аллитерация батизе, гьелъул кIваралъул бицине, ай рагIабаздалъун гIуцIараб сипат-суратги музыкалияб образги биун тIурабгIадин рекъон букIунеблъи; гьечIони кечIги ахIизе захIматаб, pyxl гьечIел рагIабаздасан гIуцIараб хабаралде сверула, му­зыкалияб рахъ тIокIкIараб, амма жаниса гьодорал (гъваридаб магIна гьечIел) кочIол мухъалги я гIакълуялъе, я рекIее асар гьабичIого цересан паркъун уна. МахIмудил асарал ахIулел рагIаралго ракIалда чIеялъе гIиллаги гьебго буго: гъваридаб магIна кьолел художествиял образал гIуцIарал рагIаби музыкалиял рукIин.

Ункъабилеб классалъул цIалдохъабазда шигIруяб ва хабарияб каламалда гьоркьоб гIаммаб батIалъи лъаниги гIола, хадусел классазда гьелъул хIакъалъулъ бичIчIи гъварид гьабила.

Хабарияб асаралда жаниб авторас жиндирго идея загьир гьабула бицунеб рагIулъги гьабулеб ишалъулъги тIатунеб героязул батIи-батIияб гIамал-хасият ва хьвада-чIвади бихьйзабиялдалъун. Геро­язул бераздалъун сипат-сурат бахъулаго, рагIула абизе бокьараб пикруги ва рекIел хIалги. КочIолъин абуни поэтги асаралъул геройги цолъула: героясул рохел-пашманлъи поэтасул рекIелъан бачIуна ва кочIолъ рещтIуна. Гьединлъидал лъимал хадур гъезе кко­ла кочIол героясул пикрабазда ва рекIел хIалалда. Масала, героясда цебе буго риидалил мугIрул тIабигIат. Гьелъ гьесие гьабулеб асар азарго батIияб букIине бегьула. Гьеб бараб буго чиясул психологиялда, рухIиял тIалабазда, сахлъиялда, магIишаталда ва гь. ц. Гьале гьал рагIабалъ:

 

МугIрузда гIидра бана,

Бананиги кIваричIо.

БоцIи рехъаде ана,

Ананиги кIваричIо.

 

МугIрул гIидрадал цIолел рихьулел руго героясда, амма боцIи гьечIев пакъир пашманлъулев вуго. БоцIи рехъаде бахъуиеб бихьулеб буго, гьесул гьенибе къотIизе чехIцин гьечIо. Гьединлъидал тьел рагIабалъ героясул ракI гIекколеб рагIулеб буго. Лъималазда лъазе ккола рии тIаде щведал рохизе кколеб бакIалда, пашманлъи баккиялъе гIилла. Абухъе, поэтас загьир гьабулеб асар гIаммаб букIуна гьеб хIалалде ккаравщинав чиясе. Гьедин цо чиясул цIаралдасан халкъалъе гIаммаб пикру ва рекIел асар загьир гьабула кочIолъ. Гьеб хаслъи кьочIое босун малъула шигIруял асарал.

Хабарияб асаралъулъ абуни цIалдохъабазул кIвар буссинабула пуланаб иш гьабизе герой сунца гьесизавуравали лъазе кIолел деталазде. Масала, «Командирас васасул бетIералда xleperiro квер бахъана». Гьелъ бихьизабула согIал биял тIолел рагъазда вугев советияв командирасул хIеренаб ракI букIин, гьесул гIадамаздехун, хасго лъималаздехун бугеб бербалагьи. Разведчиказ ккун вачIарав васасда майорас щай «гIолохъанчи», «бахIарчи» – ян абураб, щай гьесул ботIрода хIеренго квер бахьарабали хIисаб гьабулаго, лъимал ругьунлъула асаралда жаниб батIи-батIиял деталазул кIудияб кIвар буголъи бихьизе.

Хабариял асарал малъулаго, хIажатаб буго, рагьун бицун гьечIониги, хьвада-чIвадиялдаса, ишарабаздаса, гьурмал хIал хисиялдаса, авторасул рагIабаздаса бичIчIизе кIолеб героязул гIамал-хасият, рекIел хIал, гьезухъан кколел ишал рагьизе лъимал ругьун гьаризе. Гьелдаго цадахъ къваригIараб буго щивав героясул кънсматалъул квелъ ккурав авторги цIалдохъабазда вихьизе, щиб гьеб асаралдалъун авторасе абизе бокьарабали, сундуе гIоло ва лъил рахъги ккун гьев къеркьелев вугевали лъазе. ШигIруял асаралъ авторасул рекIел кIутIи нилъеда рагIулеб батани, хабариял аса­ралъ гьев героязда нахъа вахчун, гьел къеркьезе тIамулев вихьула, драмаялъул асаралъ гьев вихьизего вихьуларо: авторасул каламго гьечIого, цохIо героял хутIула. Амма учителасда лъазе кко­ла кинав героясул кIалдисан гьес жиндирго пикру, мурад загьир гьабулеб бугебали лъималаз батIа бахъулеб куцалъ дарc бачине.

Лъугьа-бахъиназда гIуцIарал (сюжет бугел) шигIруял асаралъ лъил цIаралдасан (героясул яги живго поэтасул) бицунеб бугониги, гьес загьир гьабулеб рухIияб асарги ва пикруги ккола тIолабго гIадатаб халкъалъего хасиятаб жолъун. Гьединаб асар малъулаго бегьуларо хIасил бициналде гара-чIвари буссинабизе, тексталдасан ратIалъизе. Гьебин абуни гIемерисел учительзабазул хIалтIул такрарлъулеб методикияб гъалатI буго. Гьединал кочIол роцада хъварал асарал малъулелъул, лъимал ургъизе тIамизе ккола, кициялъул магIна батиялда тIадго гIадин, щибаб куплеталъул, щибаб мохъалъул магIна рагьиялда тIад, щай поэтас пуланал рагIаби хIалтIизарун ругелали бицине, куплетаз, хасал мохъаз рекIее гьабулеб асар рагьизе тIад къала. Щайгурелъул художествияб асараздалъул щибаб рагIул жинди-жиндир хасаб цIайи, кунчIи ва кьер; букIунелъул. БакIлъи, гвангъи ва магIна гьечIел рагIаби рагIул устарас къадалъ лъоларо. Амма цого рагIул кунчIи, мухIканлъи, магIна ва бакIлъи кочIолъги харбилъги батIи-батIияб букIуна. Масала, хабарияб асаралъулъ эпитетал кидаго чIванкъотIарал, мухIканал, цохIо предметалъе хасиятаб рахъ баян гьабулел рукIуна, кочIолъ рекъезарулаго гьелго эпитетазул магIна гъатахуна, бихьулаго бакIлъула: гьел цIикIкIун гIаммаб магIна кьолел ва рухIияб асаралда руцараллъун (рекIел цIаялда режун, кьер чIвараллъун) лъугьуна. Дандеккве:

«Шагьаралъул байдан къотIун Ася унеб мехалъ, хъахIмакказ, кIийиде рикьун, гьей гьоркьосан ймччана».

 

«КочIол гьаракь бахъана

ХъахIмаккаэда гьоркьосан.

Гьудул, дир чара хвана,

Черхалда сири бана».

 

Хал гьабе кочIолъ хъахIмакказул магIна хисараб куцалъухъ! ХъахIал халгIатал ретIарал ясал лъугьана, ясазда гьоркьоб кечI ахIулей йокьулелъул гьаракьалъ рекIед гьабураб асаралъул бицу­неб буго. Хабар малъулелъул, Ася хъахIмакказда гьоркьосан иналъул авторасул мурад лъани гIола. (Байданалде гьей ячIиналъе ва, хъахIмаккал рикьизаруп, гьоркьосан иналъе гIилла-мурад букIуна), кочIолъ абуни гьеб деталалъул кIварги бакIлъиги цIикIкIана. Гьединлъидал кочIолъ ва харбилъ ругел художествиял рагIабазул анализ гьабулаго, учителас гьеб рахъги хIисабалде босизе ккола.   

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»